цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер.
Доб Илагьияб ТІехьалдаса гьадинаб калима цІалулеб бугоан хІабашияс: «Гьев вачун унев вукІана, хъвезе бачун унеб чахъу гІадин. КъунцІарухъанасда цебе кьегІер-хух буцІцІун чІолеб гІадин, кІутІби ричІун кІалъачІого унев вукІана гьев.
Нужерго умумуздасан ирсалъе щвараб чІобогояб гІумруялдаса нуж биун-тІагІун унеб гІарац-месед кьун гурелъулха тархъан гьарурал.
ГІайибги мунагьги гьечІеб КьегІер гІадинав МасихІил къиматаб биялдалъун тархъанлъидалха нуж.