Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Иуды
1
Параллельные места
Гьале дица нужеда абулеб буго: къиямасеб къоялъ инсанас жаваб кьезе буго лъикІлъиялъе гурони жиндир кІалдиса къватІибе бачІараб щибаб рагІиялъул. Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев. Лъала къанунал ритІухъго хьвадулезе гІоло рахъулареблъиги. Гьел рахъун руго квешал ва мутІигІлъуларел, пасатал ва мунагьазукьа хІинкъуларел, Аллагь какулел ва Аллагьасдаса ратІалъарал, эбел-эмен чІвалел гІадамазе; чІвадарухъабазе, Содом ва Гоморра шагьарал щущазаризе хІукмуги гьабун, гьел рохъоялде сверизаруна, гьез гІадинаб пасалъи хадубккунги гьабулезе дарслъун букІине. Амма Аллагьас хвасар гьавуна гІорхъулъа борчІараб хъахІбалъиялде руссарал гІадамазул хьвада-чІвадиялъ тату хвезабурав ва вацІцІадго чІарав ЛутІ. Гьезда гьоркьов вацІцІадго хьвадарав гьев чиясул бацІцІадаб рекІее щибаб къоялъ гІазаб кьолаан гьез гьабулебщинаб бихьулебги рагІулебги букІиналъ. БетІергьанасда лъала рацІцІадал гІадамал гІакъуба-къварилъиялдаса хвасар гьаризе, пасатал чагІазейин абуни, Суд гьабулеб къо тІаде щвелалдегоцин тамихІ гьабичІого толаро.
Иуды
1
Выбор основного перевода