Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Иуды
1
Параллельные места
Киналго малаикзабигун цадахъ жиндирго хІалкІолъигун ГІадамил Лъимер вачІараб мехалъ, къудраталъул тахида гІодов чІела гьев. Гьедин абун бахъарабго, ралагьун гьелгун, ГІиса зобалазде восун ана ва накІкІул парчаялъ вихьудаса тІерхьинавуна. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: – Ле, галилеялдасел, щай нуж зодихъе ралагьун чІолел? Нужеда зобалазде восун унев вихьарав гьев ГІиса, нужеда аскІоса зобалазде унев вихьараб къагІидаялъ вачІина нужехъе. Гьале, накІкІаздаги рекІун, вачІунев вуго гьев. Киназдаго вихьила гьев, гьесда хеч къазабураздагицин вихьила. Дуниялалъул киналго халкъал гьесухъ гІодила. Гьедин букІина. Амин. Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас.
Иуды
1
Выбор основного перевода