Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Иуды
1
Параллельные места
Гьелдалъун бижула гІаданиб нах гьечІел ва хІакъабщинаб жидехъа биларал гІадамазул нахъаса къотІи гьечІеб къец. Гьезда ккола божи-иман бугин жалго бечелъиялъе баккараб ицц. Я дир вацал, нилъер машгьурлъарав ТІадегІанасде – ГІиса МасихІиде иман лъурал нужеца чи ватІа гьавизе бегьуларо. Амма нужеца гІадамал ратІа гьарулел ругони, гьеб буго мунагь, ва, Къануналда рекъон, нуж ккола такъсирчагІи. Жидерго гьаваялъ рижизарурал хъубал къасдазда хадур унел ва гьесул амруял рикІкІинего рикІкІунарел гІадамазе бищун цІикІкІараб тамихІ гьабула Аллагьас. Гьел адаб гьечІел ва намусги гьечІел гІадамал хІинкъуларо зобалазда ругел къудратал малаикзаби какизе. Гьезул кІалдир ругьунлъун руго жалго реццулел ва гьодорал рагІаби. Къосараб гІумру гьабулездаса гьанжего-гьанже рикІкІалъизе байбихьарал гІадамал гьез квегъун буссунареб чорхол гьаваялъул гьиналъ кквезе тІамула.
Иуды
1
Выбор основного перевода