Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Иуды
1
Параллельные места
– Гьадав цІулал устарасул вас гурищ гьав? Марям гурищ гьасул эбелалда цІар? Гьасул вацал гурищ Якъубги, Юсупги, Симонги, Ягьудаги? Якъубил вас Ягьуда ва хадув ГІисае хилиплъарав Ягьуда Искариот. Ягьудаца (Ягьуда Искариот гуро гьев) гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, гІаламалъего загьир гьавичІого, цохІо нижее мунго загьир гьавиялъул магІна щиб? Дун гьанже гьаб дуниялалда вукІинаро, амма гьалги гьаб дуниялалда тун вачІунев вуго дун духъе. Я, дир Илагьияв Эмен! Нилъ цого ругел гІадин, гьелги цого рукІинаре, дуца дие кьураб дур цІаралдалъун. Жалго рещтІараб минаялде щун, тІасарокъоре рахана ва гьенир чІана. Гьенир рукІана Пётр ва Иоанн, Якъуб ва Андрей, Филипп ва Фома, Бартоломей ва Матфей, Алфейил вас Якъуб, Симон Зелот ва Якъубил вац Ягьуда. Нуж божулел ругелъул, Аллагьас жиндирго къудраталдалъун цІунун тун буго гьеб бутІа, дуниял ахирлъидал къватІибе загьирлъун, нуж хвасарлъизаризе.
Иуды
1
Выбор основного перевода