12
Аллагьасе тІагІатги гьабун цадахъ кваназе нуж гІодор чІараб бакІ, намус гьечІого ханчІон, хъублъизабула гьез. Гьел руго жидерго гурони агъаз гьечІел, гьороца хъамун ун, цІадае данделъуларел накІкІал гІадин, хасалихъе тІамах гъарал, тІад пихъги бижуларел, кьалбалги ракъварал гъутІби гІадинал ва кІицІулго хварал гІадинал гІадамал.
ТІад лъикІаб пихъ бижулареб гъветІ къотІун цІадабе рехула.
ГІисаца гьезие жаваб гьабуна: – Зобалазда вугев дир Инсуца ахикь чІечІебщинаб гъветІ кьолболъа бахъун рехизе буго.
Масала, гьенир данделъараб мехалда ТІадегІанасул хІурматалда гуро нуж кваналел.
Цоясдаса цояв цеве ккезе тІалаб гьабун кваналел-гьекъолел руго нуж – цояв вакъун хутІулев вуго, цогидав мехтулев вуго.
Кваназеги гьекъезеги нужер рукъ гьечІебищ? Аллагьасде иман лъуразул агьлу инжит гьабизеги мискин-пакъир къварид гьавизегийищ нуж данделъулел? Щибха дица абилеб? Нуж реццизейищ лъугьинев? Лъугьинаро!
Карачалаби гьелчезарулеб гьороца кинигин, диналъул батІи-батІияб чвахиялъ росун унел лъимал гІадинал гІадамаллъун рукІине бегьуларо гьанже нилъ. Гьел бигьаго гуккула хІилла-макруялъе махщел бугел гьерсихъабаз.
Жидеца гьабураб квешлъиялъухъ шапакъатлъун квешлъи щвела гьезие. ГІадада-къад гьабулеб пасатаб гьекъел-кванай гьуинаб буго гьезие. Гьел руго инжитал ва хъубал гІадамал. Гьез лазат босула нужеда цадахъ цо хІарччида нахъа гІодор чІараб мехалъгицин нуж гуккулел рукІиналдаса.
Гьел гІадамал релълъуна ракъварал иццазда, гьороца хъамулел накІкІазда! Гьезие хІадурун буго жужахІалъул абадияб бецІлъи.