Гьезул ахир – жужахІ буго, гьезул «аллагь» – чехь буго. Гьел чІухІулел руго жидерго инжитлъиялдаса. Дуниялалъул гурони пикру гьабуларо гьез.
Гьел гІадамал релълъуна гудраца кквезе ва чІвазе рижарал гІакълу гьечІел хІайваназда. Жидер гІакълу нахъгІунтІуларебщинаб какула гьез. ЧІвазе рижарал хІайванал гІадин, хвалде гІагарлъула гьел.