Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Иуды
1
Параллельные места
Илагьияб РухІалъ якъинго бицунеб буго ахираб заманаялда цо-цо гІадамал божи-иманалдаса руссинилан. Гьел руссина гьерсал рицунел жундузде, гьел нахърилълъина шайтІабаз малъаралда. Амма ГІизраилалъул халкъазда гьоркьор гьересиаварагзаби рукІаралго гІадин, нужеда гьоркьорги рукІине руго гьересинасихІатчагІи. Гьез нужехъе балъгого росун рачІина кина-щинабго щущазабулел гьерсал. Гьез инкар гьабизе буго жалго тархъан гьарурав ТІадегІанав ПарччахІасдаса, гІасияб гІажал жидедаго тІаде хехгого цІазе буго. Сундасаго цебе нужеда лъазе ккола дуниялалъул ахирисел къоязда рачІине рукІин жидерго къасдазул нухдасан унел ва намус гьечІел гІадамал. Гьезда кІочон толеб буго авалалдаго, Аллагьас амру гьабун, зобалги ракьги рижун рукІараблъи. Ракь бижана лъададасан ва лъададалъун.
Иуды
1
Выбор основного перевода