Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цинги чапарзабазги диниял бутІрузги, тІолабго иман лъуразул агьлуги разилъун, хІукму гьабуна Павелидаги Барнабадаги цадахъ Антиохиялде, жидедаго гьоркьоса вищун, кІиго чи витІизе. Гьез тІаса рищана жидедаго гьоркьор хІакимзабилъун рукІарал Барсаббайин абулев Ягьудаги Силаги. Гьединго ритІулел руго Ягьудаги Силаги. Гьезги кІалалъ бицина нужеда гьаб нижер кагътил мурад. Ягьудацаги Силацаги (гьел кІиялгоги рукІана кашпу-карамалъи бугел гІадамал) гІемераб жо малъана гьезда. Гьелдалъун вацазул рекІелъ иман щулалъиялъе квербакъиги лъугьана. БетІергьанасул цІобалъ рехун тогегиян дугІаги гьабун, Павелги тІовитІана вацаз. Силаги вачун,
Выбор основного перевода