Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Павелги Барнабаги гьезда тІадрекъолел рукІинчІо. КІудияб дагІба-къец ккана гьезда гьоркьоб. Гьединлъидал Павелги, Барнабаги ва цо чанго чиги ритІана Иерусалималда ругел чапарзабазухъеги диниял бутІрузухъеги гьеб суал тІубазабизе. Силаги Тимофейги рачІинегІан Афиниялда чІун вукІарав Павелил цІакъ ракІ бакъвана гьеб шагьаралда гьересиаллагьзабазул гІемерал суратал рихьун. (Афиниялъул халкъги къватІиса рачІарал апарагзабиги рукІунаан цІия-лъияб хабаралъул бицун накъиталда заман инабулел.) Мажлисалда цевеги чІун, Павелица абуна: – Я, Афиниялъул гІадамал, дида бихьулеб буго нуж сундулъго цІакъ диниял чагІи ругеблъи. Силаги Тимофейги Македониялдаса гьенире рачІараб мехалъ, вагІза-насихІаталда тІадчІана Павел, гьев ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан жугьутІазда бичІчІизабизе. ТІокІав киданиги нужеда жив вихьизе гьечІилан абурал гьесул рагІабаз хасго къварид гьаруна гьел. Цинги гамиде нуха регІана гьез Павел. Гьединлъидал, нужедаса ратІалъи хІехьезе кІвечІеб мехалъ, нижеца хІукму гьабуна, нижгоги Афиниялда чІун,
Выбор основного перевода