Амма жиндирго лъикІлъабаздалъун Гьес живго вугевлъи бихьизабичІого течІо. Гьес зобалаздасан цІад базабулаан, ах-хуралъул нигІматал рижизарулаан. Нужее квен-тІех кьолаан, нужер ракІал рохизарулаан.
Аллагь вихьунгутІиялъул хІикмат дуниял бижаралдаса нахъего якъинго загьирлъана, кинабго загьирлъана гьес бижанщиналдалъун. Гьеб хІикмат ккола гьесул абадияб къудратги БетІергьан вукІинги. Гьединлъидал гьездаса гІайиб кибе инеб?