Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьединаб гІазаб-гІакъуба гурищ МасихІица хІехьезе кколеб букІараб, гьедин гурищ МасихІ машгьурлъизе кколев вукІарав? Мусадасан байбихьун цогидал аварагзабиги ракІалде щвезарун, МасихІил хІакъалъулъ Илагьияб ТІехьалда хъван бугебщинаб жо бичІчІизабуна гьес гьазда. Илагьияб ТІехьалда хъван бугебаб бичІчІуледухъ, гьезул ракІал кантІизаруна ГІисаца цинги. Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Халкъалда цебе гьес цІакъаб ракІчІейгун гьереси гьарулел рукІана жугьутІал. Илагьиял ТІухьдуздасан мисалал рачун бихьизабулеб букІана ГІиса хІакъикъаталдаги МасихІ вугилан. Вай, нуж гІакълу гьечІел галатиял! ГІажаибго хиса-сверана нуж. Нужер беразда цеве ГІиса МасихІ хъанчида ван вихьарал гІадинал гІадамал гурищ нуж рукІарал.
Выбор основного перевода