Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьес абуна: – ХІасил, Илагьияб ТІехьалда хъван буго – МасихІица гІазаб-гІакъуба хІехьезе ккезе бугилан, хун лъабабилеб къоялъ гьев чІаголъизе вугилан ва Иерусалималдасан байбихьун киналго халкъазда, мунагьал чурулев Аллагьасде руссайилан, гьесул вакилзабилъун лъугьун, лъазабизеги бугилан. Цересел наслабазул халкъал Аллагьас тун рукІана жидеего бокьараб нухдасан ине. Аллагьас гьев къурбанлъун гьавуна, гІадамазул мунагьал гьесул биялдалъун ва гьесде иман лъеялдалъун чуризе. Цебе, жинца гьел хІехьон рукІараб заманалда, гьез гьарурал мунагьазда тІасаги лъугьун, жиндирго ритІухълъи загьир гьабуна Аллагьас. Киналго гІадамал хвасар гьаризе Аллагьасул баркат рещтІун бугелъулха. Гьелъ малъулеб буго, Аллагьасда божунгутІиги дуниял хиралъиги нахъчІван, гьаб гІасруялда нилъ хьвадейин: ритІухълъиги цІунун, Аллагьасукьаги хІинкъун ва тІокІал жалги гьаричІого. Аллагьасде мутІигІлъе, жагьиллъиялда ругеб мехалъ нужер рекІелъ рукІарал къасдазда хадурги унге.
Выбор основного перевода