8
Дуда бихьараб жанавар цебе чІаго букІана, гьанже гьечІо. Нахъеги тІину гьечІеб кІкІалахъа къватІибе бачІина гьеб ва жиндирго хвалде данде ина. Дуниял бижараб мехалдаго жидер цІарал гІумруялъул тІехьалда хъван рукІинчІел гьаб ракьалда ругелщинал гІадамал хІикмалъила гьеб жанавар бихьун, цин гьеб чІаго букІиндал, цинги хведал, хадуб цІидасан чІаголъидал.