Гьанже нужеда бихьулеб ва рагІулеб буго гьадав Павелица, жиндаго божизабун, къосинабулеб бугеблъи, Эфесалда гуребги, тІолабгоялде гІунтІун Асиялда бугеб халкъ. Гьес абулеб буго, инсанасул квераздалъун гьарурал аллагьзаби – гьел аллагьзабилъун кколарилан.
Нужеда ракІалда бугищ, мажусияллъун рукІараб заманалда аллагьзабийилан тарал, кІалъазе кІал гьечІел жалазе лагълъи гьабиялъ нуж батІи-батІияб къагІидаялъ къосинарураб куц?