Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Пётрицаги Иоанницаги халкъалъе вагІза гьабулеб букІиналъги, ГІисал мисал бачун, хваралъуса рахъинаризе рукІин хІакъаб бугилан чІезабулеб букІиналъги ццидахинарун рукІана гьел. Нилъецайин абуни гІаламалда лъазабулеб буго хъанчида ван хвезавурав МасихІил хІакъалъулъ хабар. ЖугьутІазе гьеб буго гІасилъи, греказеги гьеб чІанда буго! Нужеда гьоркьов вугеб заманалда дица хІукму гьабун букІиндалха, ГІиса МасихІ (хасго гьев хъанчида ван хвей) хутІун, цогидабщинаб рехун телилан. Лъицаниги живго гуккуге абе! Нужеда гьоркьоса лъиданиги ракІалде кколеб батани гьаб дуниялалда жив гІакъилав вугилан, хІакълъунго гІакъилав вукІине бокьани, гьев гІантлъеян абе. МасихІие гІоло ниж гІабдалзабилъун рикІкІунел руго, МасихІиде цолъарал нуж гІакъилзаби руго. Ниж загІипал руго, нуж къуватал руго. Нужер хІурмат гьабула, ниж хІакъир гьарула. ЗахІмат бихьун гурони хинкІ-чедги щолеб гьечІо нижее. Ниж хІакъир гьарула – нижеца баркат лъегиян абула, нижее гІазаб кьола – нижеца хІехьола. Гьедин, МасихІ хваралъуса вахъин нижеца лъазабидалги, нужер цо-цоязда кин абизе кІолеб хварал чІаголъизаруларилан?
Выбор основного перевода