Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Цодагьаб мехалдасан дун ина гІаламалда вихьуларелъуве, амма нужеда дун вихьила. Дун чІаго вугелъул, нужги чІаго рукІина. Ягьудаца (Ягьуда Искариот гуро гьев) гьикъана: – Я, БетІерчІахъад, гІаламалъего загьир гьавичІого, цохІо нижее мунго загьир гьавиялъул магІна щиб? Нужецаги нугІлъи гьабила дие, авалалдаса бахъарабго ругелъул нуж дида цадахъ. – Кваназе рачІа, – ян абуна ГІисаца гьезда. Цониги муридасда кІвечІо мун щивилан гьикъизе. Гьев ТІадегІанав вугевлъи лъалеб букІана гьезда. Гьезда аскІове вачІун, ГІисаца босунго босун чед кьуна гьезухъе, ччугІаги кьуна гьединго. Цадахъ кваналев вукІараб мехалъ ГІисаца гьезда лъазабуна: – Дица нужеда абураб къагІидаялъ, Инсуца нужее кьураб рагІи тІубазегІан, Иерусалималдаса нахъе унге нуж. Гьев хабалъ лъуна. ТІухьдузда хъван букІараб ритІухълъизе, лъабабилеб къоялъ хваралъуса вахъинавуна. Пётрида вихьана гьев, цинги анцІила кІиявго чапарасдаги вихьана. Цинги гьев цого заманалда вихьана щунусгоялдаса цІикІкІарав вацасдаги, гьезул гІемерисел гьабсагІатги чІаго руго, цо-цоял хвана. Цинги Якъубида вихьана, цинги киналго чапарзабаздаги вихьана.
Выбор основного перевода