Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ЯхІя гвандинив тІамун вугилан рагІидал, ГІиса Галилеялде ана. Амма Назареталда чІечІо гьев. Забулонил ва Нафталимил ракьалда, Галилеялъул ралъдал рагІалда бугеб Капернаум шагьаралде ун, гьенив чІана. Гьеб гьедин ккана Ишая аварагасда Аллагьас абураб гьадинаб калима ритІухълъизе: «Забулонил ракь ва Нафталимил ракь! Ралъдахъе унаго нухда бугеб ракь! Иордан гІурул доб рахъалда бугеб ракь! Галилея – цогидал халкъазул ракь! БецІлъуда букІараб нужер халкъалъе гвангъараб нур загьирлъана, нужер улкаялда хвалил рагІдукь рукІаразе рогьалил бакъ баккана». Гьелдаса хадуб халкъалъе вагІза-насихІат гьабизе байбихьана ГІисаца. – Нуж кантІе, Аллагьасде русса! – ян абулеб букІана гьес. – Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин!
Выбор основного перевода