Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
АскІове вачІун ГІиса гьезда гаргадизе лъугьана. Гьес абуна: – Зобалазул ва ракьалъул тІолабго ихтияр дихъе щвана. ЖугьутІазулги цогидал халкъазулги хІакъалъулъ батІалъи гьечІого абулеб буго гьедин. ЦохІо БетІергьан вуго киназулго БетІергьан. Жиндир цІар рехсон гьарарав чиясде гьес гьарзаяб баркат рещтІинабула. Гьебго къуваталъин Аллагьас ГІиса хваралъуса вахъинавурав ва зобалазда жиндирго кваранаб рахъалда гІодов чІезавурав. Кинабго гьесул хІатІикь лъуна Аллагьас. Кина-щиналдасаго кІодоги гьавуна. Иман лъуразул агьлуялъул бетІерлъунги гьавуна.
Выбор основного перевода