ЛъикІаланго заманаялъ дагІба-къецалда рукІана гьел. Цинги, тІаде вахъун, Пётрица абуна: – ГІенекке, вацал! Нужеда гьоркьоса тІаса вищун, дол тІоцересел къояздаго дун витІана Аллагьас цогидал халкъазухъе гьезда Рохалил хабар бицине ва гьел иманалде ахІизе. Гьеб нужеда лъала.