Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьелъул хабар рагІидал кІиявго чапар – Барнабаги Павелги, – тІад бугеб ретІелги тІутІун бан, гьеб халкъалда аскІоре рекерун, ахІдезе лъугьана: – Ле, гІадамал! Нужеца гьабулеб щиб? Нужго гІадинал гІадамал руго нижги. Ниж нужехъе рачІун руго Рохалил хабарги босун. Гьеб нужер расги пайда гьечІеб динги рехун тун, зобал-ракьал рижарав, ралъадал рижарав ва гьенир ругелщиналги рижарав хІакъав Аллагьасде руссайилан абизе рачІун руго. Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!»
Выбор основного перевода