Самариялъ гьесда абуна: – Мун жугьутІавлъидал, дуца дида – Самариялъул гІаданалда – лъим гьаризе бегьилищ? (ЖугьутІазги самариязги хІатта цо гулгун-парччиялъусан лъимцин гьекъолароан.)
Кайафал бакІалдасаги ГІиса вачана сардарасул кІалгІаялде. ХъахІлъи балеб букІана. Жалго хъублъизе бокьичІого, ягьудиял кІалгІаялъуре лъугьинчІо, Пасхаялъул хирияб кванде ине кколел рукІиндалха гьел.
КІиабизеги добго гьаракьалъ абуна гьесда: – Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца.
Гьеб балъголъи буго цогидал халкъазул гІадамазе, жугьутІазего гІадин, Аллагьасдасан ирс щвеялъулъ: гьелги жугьутІалги цого чорхол лугбилъун лъугьана ва Аллагьас жугьутІазе кьун букІараб рагІи гьанже МасихІ ГІисадалъун Рохалил хабаралъе гІахьалаблъунги лъугьана.