Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Къайсарияталда вукІана Корнелий абулев цо чи. Гьев вукІана Италиялъулабилан абулеб полкалдаса рагъухъабазул нусилбетІер. Гьевги гьесул рукъалъул агьлуги Аллагьасукьа хІинкъарал, цІакъ диниял гІадамал рукІана. КІуди-кІудиял садакъабиги гьарулаан гьес гІадамазе, кидаго Аллагьасе тІагІат-гІибадаталдаги вукІунаан. Гьале цо къоялъ къаденахъе сагІат лъабго тІубараб мехалъ, тІасан загьираб илгьам лъугьун, Бичасул малаик вачІана гьесухъе. – Корнелий! – абун кІалъана гьесда малаик. ХІинкъадго гьесухъги валагьун: – Щиб, бетІерчІахъад? – абун гьикъана Корнелийица. Малаикас гьесие жаваб кьуна: – Дур дугІабиги садакъабиги Аллагьас къабул гьаруна, бищунго къабулаб къурбан гІадин. Гьанже дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьев вуго дабагъчи Симонихъ гьоболлъухъ. Ралъдал рагІалда буго гьесул мина. Гьесда кІалъарав малаик цевеса тІагІаравго, Корнелийица кІиго рагьтІателги жиндирго цо муъминав нукарги аскІоре ахІун, гьезда гьеб кинабго бицана ва гьел лъабалго Иоппиялде ритІана. Пириялъул гІадаб сурат букІана гьев малаикасул, гІазухъахІаб ретІелги букІана гьесда тІад. Жанире лъугьиндал, гьезда гьенив кваранаб рахъалда гІодов чІун ватана хъахІаб гІаба ретІарав цо гІолохъанчи. РакІ гъанцІун лъугьана гьел. Гьелда хІикмалъун, хаган гьел рукІаго, гьале гьезда цеве чІана цІакъго кенчІолел гІабаби ретІарав кІиго чи. Гьесда хадур зодихъе ралагьун гьал рукІаго, гьале хъахІал гІабаби ретІарав кІиго чи вачІун чІана гьазда аскІов. Гьез абуна: Цо къоялъ къалъуда, сагІат лъабго тІубараб мехалъ, какил заманалда Пётрги Иоаннги Мукъадасаб Рокъоре унел рукІана.
Выбор основного перевода