Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Иоппия шагьаралда цо къоялъ Аллагьасе дугІа гьабулев вукІана дун. Гьебмехалъ цебетІами лъугьана дие. Ункъабго гІинщги ккун цо кІудияб турут гІадинаб жо зодиса гІодобе биччалеб бихьана. БитІахъе дида аскІобе бачІана гьеб. Гьелда тІад рихьана ракьалдасан хьвадулел ункъхІатІилал хІайванал, гьединго гІалхул хІайванал, шурулел жал ва хІанчІи. Цинги цо гьаракьалъ абулеб рагІана дида: «Вахъун гьелги хъве, Пётр, гьезул гьанги кванай», – ян. Дица абуна: «Я, БетІергьан! Дица киданиги гьабиларо гьединаб иш. Хъубаб, хІарамаб квен дица киданиги кІалдибе босичІо», – ян. КІиабизеги зобалаздасан добго гьаракьалъ абуна: «Аллагьас бацІцІад гьабураб жоялда хъубабилан абуге дуца», – ян. Лъабабизеги рагІана дида гьеб гьаракь. Цинги гьеб кинабго зобалазде эхеде цІан ана. Дун рещтІун вукІараб рукъалда цеве лъабго чи чІана гьеб параялъ. Гьел ратана Къайсарияталдаса дида хадур ритІун рачІарал чагІи. Илагьияб РухІалъ дида абуна сунданиги щаклъичІого гьезда цадахъ айилан. Дида цадахъ къватІиве вахъана гьав анлъавго диналъул вацги. Цинги ниж щвана дов чиясул бакІалде. Гьес нижеда бицана жиндир рокъове вачІун малаикас гьадин абунилан: «Дуца Иоппиялде чагІи ритІе Пётр абун тІокІцІар бугев Симонида хадур. Гьес бицина мунги дур хъизан-агьлуги хвасарлъулеб хабар». Дица гьезие хабар бицине байбихьидал, добмехалъ нилъедего гІадин, гьездеги рещтІана Илагьияб РухІ. Гьениб дида ракІалде щвана: «ЯхІя аварагас лъадаца чурарал гІадин, Илагьияб РухІалдалъун чурила нуж», – ан ТІадегІанав ГІисаца добмехалъ абун рукІарал рагІаби. ТІадегІанав МасихІ ГІисаде иман лъурал нилъее гІадинаб сайигъат Аллагьас цогидал халкъазеги кьолеб бугеб мехалъ Аллагьасда дандечІаравани, дун щив чи ккелев вукІарав? Гьес абуна: – Гьале дида зобал ричІун рихьулел руго ва гьенив Аллагьасул кваранаб рахъалда чІун ГІадамил Лъимерги вихьулев вуго! – ян. Зоб рагьун бачІун бихьана дида. Гьале хъахІаб чу; гьелда рекІун вуго РитІухъавиланги ХІакъавиланги жинде абулев, битІараб хІукмуги къотІулев, рагъдаги бергьунев чи.
Выбор основного перевода