Дир ракІчІола, нужелъе лъикІлъи лъугьинабизе байбихьарав Аллагьас гьеб рагІа-ракьанде щвезабилин МасихІ ГІиса вачІараб къоялде абун.
БетІергьанас нужер рекІее къвакІи кьеги, киналго вализабигун цадахъ ТІадегІанав ГІиса кІиабизеги вачІараб мехалда, нилъер Эмен – Аллагьасда цере рацІцІадаллъун ва муъминаллъун рукІине.
Нилъ ракълиде рачарав Аллагьас тІубанго рацІцІад гьареги нуж, нужер тІолабго чІаголъи: рухІги, напсги, черхги – нилъер ТІадегІанав ГІиса вачІиналде бацІцІадго букІине.