Гьенир Павелида ратана цо-цо философал – Эпикурил рахъ ккуралги стоикалги. Гьезул цояз абулеб букІана гьав чІандачиясе бицине бокьараб жогІаги щибдайилан. Цогидаз абулеб букІана чияр аллагьзабазул дин тІибитІизабулеб бугин гьесилан. Гьедин абиялъе гІиллалъунги ккана Павелица ГІисалги гьев хваралъуса вахъиналъулги бицунеб букІин.
Щай гьедин ккараб? Щайгурелъул, божи-иманалдалъун гуреб, Къануналъ рихьизарурал ишаздалъун ритІухълъизе бокьана гьезие.