Гьебмехалъ ГІисаца абуна: – Дуе рецц буго, дир Эмен, зоб-ракьалъул БетІергьан, дуца, цІодораздаса ва гІакъилаздаса балъгоги гьабун, лъимер гІадиназе гьаб кинабго загьир гьабуралъухъ.
ЧІухІби-хІакимзабазулги фарисеязулги цониги чи досда божун рихьанищ?
Жиндица рещтІинабураб баркат Аллагьас нахъе босуларо, жиндихъего ахІараздаса инкарги гьабуларо гьес.