Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьедин букІине буго ГІадамил Лъимер загьирлъараб мехалъги. Гьеб кинабго гьабула цохІо РухІалъ, гьедин жиндиего бокьухъе щивав чиясе кьола гьелъ махщел-гьунар. Амма нилъер ватІан зобалазда буго. Нилъ хвасар гьарулев ТІадегІанав ГІиса МасихІ гьенисан вачІиналъухъ урхъун руго нилъ. Гьеб хІехьезе ккарал нужее, нижеего гІадин, Аллагьас рахІатги хІалхьиги кьела. Гьеб гьедин ккела ТІадегІанав ГІисаца зобалазда живго Бичасул малаикзабигун цадахъ загьирлъизавураб мехалъ ва Аллагь лъаларевщинасе ва нилъер ТІадегІанав ГІисал хІакъалъулъ Рохалил хабаралъухъ гІенеккичІевщинасе гьалагаб цІадудалъун тамихІ гьабизе гьев вачІараб мехалъ. Нилъ ралагьун чІун ругелъулха ТІадегІанав Аллагьасул ва нилъ хвасар гьарурав МасихІ ГІисал къудрат рещтІинилан хьул бугеб баркатаб къо бачІиналъухъ. Аллагьасул Къо бачІиналъухъ – цІа рекІун зобал щущан унеб ва зобалазда ругелщинал цІадулъ риун унеб къо бачІиналъухъ – ралагьун чІун руго нуж, хехго бачІагиян гІашикълъун руго!
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода