Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Дуе хъулухъалъе дуца дун ватІа гьавуна, хІакъаб къудраталдалъун гьалги ратІа гьаре. Гьез ганчІал речІчІун чІвалеб мехалъ, Аллагьасул цІар рехсон, Стефаница гьарана: – Я, ТІадегІанав ГІиса! Дир рухІ къабул гьабе! – ян. Гьанивеги гьев вачІун вуго дур цІар рехсанщинав чи ккун вачун жанив тІамизе чІахІиял кашишзабаз ихтиярги кьун. Гьезулги ракІал рацІцІалъизарун, цогидал халкъаздаги нилъедаги гьоркьоб щибго батІалъи гьабичІо Аллагьас. Цинги Павел Афиниялдаса Коринфалде ана. Нилъер Эмен – Аллагьасул ва ТІадегІанав ГІиса МасихІил баркатги саламги лъеги Рималда ругел киналго Аллагьасе рокьулел гІадамазда, иман лъуразул агьлулъун лъугьине Аллагьас тІаса рищаразда! Нужеда гьоркьорги рукІана гьединал гІадамал. Амма нуж гьанже чурун руго, рацІцІалъизарун руго, ТІадегІанав ГІиса МасихІил цІаралдалъун ва нилъер Аллагьасул РухІалдалъун ритІухълъизарун руго! Аллагьас нилъ тІаса рищана, хъублъиги рехун тун, рацІцІадго хьвадизе. Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда.
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода