Инсан хІисабалда Давудил наслуялъул васлъун кколев, Илагьияб РухІалъул рахъалъ босани, кІудияб къудраталъ хваралъуса вахъинавидал, Аллагьасул вас вукІин загьирлъарав нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІил хІакъалъулъ хабар буго гьеб.
Дун тІубанго божула Рохалил хабаралда. Киналго иман лъуралал – цин жугьутІал, цинги цогидал халкъал – хвасарлъизарулеб илагьияб къудрат буго гьеб.
ХІакълъунго МасихІилъин бугеб гІакълу-лъаялъул балъгояб хазина.