Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Параллельные места
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре. Фарисеязда рагІана ЯхІяхъеялдаса цІикІкІун гІадамал лъадалъ ччун рахъизе ГІисахъе унел ругилан. (ХІакъикъаталдайин абуни, жинцаго ГІисаца гьабулароан гьеб иш, муридаз гьабулаан.) Гьеб лъайдал ГІиса Ягьудиялдаса тІадвуссун Галилеялде ана. Цинги Пётрица гьезие амру гьабуна, МасихІ ГІисал цІар рехсон, лъадалъ ччун рахъайилан. Гьебмехалъ гьез Пётрида гьарана цо дагьаб мехалъ жидеда аскІов гьенив чІайилан. Доб мехалда дун нужехъе вачІиндал, Аллагьасул хІакъалъулъ Хабар лъазабулаго, дилъ букІинчІо кІалзул пасихІлъиги кІудияб гІакъиллъиги. Дир гаргаралъги хабаралъги нужее гьабураб асар – гьеб букІинчІо гІакъилал рагІабазул хІасиллъун. Илагьияб РухІалъул хІалкІолъиялдалъунги мугІжизатаздалъунги лъугьана гьеб гьедин, – Нилъеца гьелъул хІакъалъулъ инсанасулаб гІакъиллъиялъ малъарал рагІабаздалъун гуро бицунеб, РухІалъ малъарал рагІабаздалъун бицуна. Илагьияб РухІалъ цІуразда бичІчІизабула нилъеца РухІалда хурхарабщинаб. Нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІ жиндирго къудратгун тІадвуссине вукІиналъул хІакъалъулъ нужеда бицунаго, нижеца такрар гьаричІо лъицаялиго сихІирго ургъарал гьерсал.
1. Коринфянам
1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16
Выбор основного перевода