Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Нуж кантІе, Аллагьасде русса, Зобалазул ПарччахІлъиялъул заман тІаде гІунтІун бугебин! – абун лъазабулеб букІана гьес. Дир кваранаб хъатикь дуда бихьулеб анкьго цІваялъулги анкьго меседил чирахъалъулги балъголъи гьадинаб буго: анкьго цІва ккола иман лъуразул анкьабго жамагІаталда вугев чапар, анкьго чирахъги ккола гьеб анкьабго жамагІат». Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана.
Выбор основного перевода