Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Илагьияб РухІалдаги нижедаги лъикІаблъун бихьун буго – паризаяб тун нахъияб жо нужеда баччизабиларилан. Цоги дуда лъай, Къиямасеб къоялде гІагарлъидал, захІматаб заман бачІине букІин. ГІадамазе цохІо жалго рокьила, гІарацги бокьила, жалго жидецаго реццила; гІамал кІодолъила, хъачІал рагІаби абила; эбел-инсухъ гІенеккиларо, баркала лъаларо, иман-диналдаса ратІалъила. Гьел рукІина рекІелъ рокьиги гурхІелги гьечІел, мацІ гьабулел, пасатал, гІасиял, лъикІлъи рихарал, хиянат гьабулел, тІасанккарал, чІухІарал чагІи. Аллагь разилъизавичІого, жидерго чурхдул разилъизарила. Рихьдаего Аллагьасда божулеллъун чІела, хІакъикъаталдайин абуни, гьез божи-иман гІадахъ босуларо. Гьединал гІадамаздаса рикІкІад чІа мун. Гьездаго релълъарал руго гьанже цо-цо гІадамал. Чияр рукъзабахъе лъугьун, гьез жидеего мутІигІ гьарула мунагьазул гьир бакІлъарал, батІи-батІиял къасдаз къосинарурал, тохал руччаби. Гьел руччаби кидаго цо щибалиго лъазабизейилан лъугьуна, амма киданиги хІакъабщиналда нахъгІунтІуларо. Мусаде данде Яннесги Ямбресги чІарал гІадин, пасатаб пикруялъул гьел гІадамалги хІакъабщиналде дандечІун руго. Гьодораб батана гьезул божи-иман.
Выбор основного перевода