Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьел руго гьересичапарзаби, яхІ-намус гьечІел хІалтІухъаби. МасихІил чапарзаби ругилан чІарал чагІи руго гьел. Нилъер Эмен – Аллагьасе дугІа гьабулаго нижеда кІочон толаро божи-иманалъ нуж захІмат баччизе тІамулел рукІинги, рекІелъ рокьигун хІалтІулел рукІинги ва нилъер ТІадегІанав ГІиса МасихІиде хьул лъеялъ нужелъ сабру бижун букІинги. Амма Аллагьас тІамураб кьучІ щулияб буго, кьуричІого чІун буго, «Аллагьасда жиндиралго лъала» ва «БетІергьанасул цІар рехсаравщинав чи квешлъиялдаса рикІкІалъе!» абурал рагІабазул мугьруги буго гьеб кьучІалда. Аллагьасдасан бачІараб рухІ жиндилъ бугин абуравщинав чиясда божуге, хириял. Гьезул хІалбихье, Аллагьасдасанищ гьел ругелали лъазе. ГІемерал гьересиаварагзаби рахъун ругелъул гьаб дуниялалда. Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун. Дида лъала дур ишал. Балагьея, дица дуда цебе нуцІа рагьана, лъиданиги кІоларо гьеб къазе. ЗагІипав чи вукІаниги, дир рагІи цІунана дуца ва дир цІаралдаса инкарги гьабичІо.
Выбор основного перевода