Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Аллагьасе хирияб халкъалъе пайдаги кьела нужер садакъаялъ, гьелъухъ Аллагьасе гьабулеб реццги цІикІкІина, цІад бан хадуб гІоразул, лъаразул лъим гІадин. Дида лъала дур ишалги, дур захІматаб хІалтІиги, дур сабруги. Дида лъала нужедаго гьоркьоре квешал гІадамал дуца риччалареблъи. Дуца хІалбихьана жал чапарзаби ругилан абулезул (гьел дир чапарзаби гурелха!), ва дуда гьел гьерсихъаби ратана. Сардисалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул анкьго кІудияв малаик жинда аскІов вугес, жиндихъ анкьго цІваги бугес гьадин абулеб буго: Дида лъала дур ишал. Дур рахъалъ абулеб буго мун чІаго вугилан, амма хун вугевха мун.
Выбор основного перевода