Тиатира шагьаралдаса Лидия абулей цо гІаданги йикІана нижехъ гІенеккун. ЦІакъго хирияб багІараб ххам бичун бетІербахъарай ва Аллагьасе гІибадатги гьабулей гІадан йикІана гьей. ТІадегІанас гьелъул ракІ гьесизабуна Павелил рагІи гІадахъ босизе.
«Дуда бихьулеб бугеб жо тІанчазда хъвай ва иман лъуразул анкьабго жамагІаталде: Эфесалде, Смирнаялде, Пергамалде, Тиатираялде, Сардисалде, Филадельфиялде ва Лаодикеялде битІе».
Квас кинигин хъахІаб букІана гьесул ботІрол рас. Бералги цІалъун кенчІолел рукІана.