Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Гьанжеги ГІисаца гьезда абуна: – Дун нужеда аскІоса ине вуго. Дун валагьулел рукІина нуж, амма гьедин мунагьазул цІовухъе хвела, дун араб бакІалде рачІинеги кІвеларо нужеда. Гьардарал гурелдай гьел тІоцере чІаголъаразда гъорлъе ккарал гІадамал. КІиабилеб хвел гьезда хъваларо. Ва гьел лъугьина Аллагьасулги МасихІилги кашишзабилъун, ва гьесда цадахъ азарго соналъ парччахІлъи гьабила гьез. Азарго сон индал, илбис туснахъалъуса къватІибе биччала. Дуниялалъул ункъабго рахъалде ун, халкъал къосинарила гьелъ, гІажуж-мажужалъул боял данде ракІарун, рагъде рахъинарила. Ралъдал рагІалда салигІанги гІемер рукІина гьел. ТІолабго ракь цІун букІана гьел бояз, ва гьез сверун ккуна иман лъуразул ордуги Аллагьасе хирияб шагьарги. Амма зодисан цІа бачІун рухІана гьел. Гьел къосинарураб илбис рехана цІадулги чІабтІилги хІоринибе. Гьеб хІоринир абадул абадиялъго къасиги-къадги гІазаб-гІакъубаялда гьелда цадахъ рукІина жанаварги гьересиаварагги. Гьебмехалда дида бихьана цІакъго кІудияб хъахІаб тах, вихьана гьелда гІодов чІаравги. Гьесдаса лъутун ана зобги ракьги, ва гьезие чІезе бакІ батичІо. Ва дида рихьана хварал чагІи – гІисиналги чІахІиялги – тахида цере чІун. Рагьун лъун тІахьалги рукІана. Цоги тІехьги букІана рагьун – гІумруялъул тІехь буго гьеб. Гьел тІахьазда хъварал ишазухъ балагьун гьабулеб букІана хваразе суд. Ралъдацаги кьуна жиндихъго рукІарал хварал чагІи. Хвалицаги хваразул улкаялъги кьуна жидехъго рукІарал хварал чагІи. Ва гьезул ишазухъ балагьун, щивав чиясе судги гьабуна. Цинги хвелги хваразул улкаги цІадул хІоринибе рехана. Гьеб цІадул хІор ккола кІиабилеб хвел.
Выбор основного перевода