Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
КьагІрица анлъабилеб мугьруги тІезабуна. Кутакалда ракь багъарана. Бакъги чІегІерлъана, чІегІераб сугъур гІадин; рещалъараб моцІги би гІадин багІарлъана. Хасел тІаде щвезегІан гъотІодаго хутІарал инжирал кутакаб гьороца рортизарулел гІадин, цІвабиги ракьалде рортун рачІана. Кагътил тІамач гІадин, зобалги сукІун ана. Киналго мугІрузги чІинкІиллъабазги жидерго бакІ хисана. Ракьалда ругел парччахІзаби, чІахІиял хІакимзаби, рагъул церехъаби, бечедал гІадамал, къо-асс бугел чагІи, киналго лагъзал ва уздензабиги мугІрузул нохъазда ва кьурабалъ рахчана. МугІруздаги кьурабаздаги абулеб букІана гьез, жидеда тІаде рортун рачІун, жал рахчейин тахида чІарасул бераздасаги КьагІрил ццидадасаги. «Гьезул ццидал кІудияб къо тІаде щун буго! Лъида гьеб хІехьезе кІолеб!»
Выбор основного перевода