Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Гьеб ункъабго рухІчІаголъиялъул щибалда букІана анлъ-анлъ кваркьи; жанисанги къватІисанги гьел куркьбаздаги рукІана берал. Къасиги-къадги гьоркьоса къотІичІого гьез ахІулеб буго: «ВацІцІадав! БатІияв! Къудратав! ХІалкІолев БетІергьан Аллагь! Жив хІакъав, абадияв ва даимав!» Къурбан хъолеб бакІалда аскІосан абулеб рагІана дида: «БитІараб буго! ЦІакъго ритІухъабги хІакъабги хІукму къотІана дуца, хІалкІолев БетІергьан Аллагь!» КІудияб руккелалъул гІадинаб яги кутакаб чвахелоялъул гІадинаб гьаракьалдалъун ахІулеб рагІана дида: «Гьаллелуя! Нилъер къудратав БетІергьан Аллагь парччахІ вугелъул! Гьес дида абуна: «ТІубана! Дун вуго Алипги Яги, Авалги Ахирги; къечарасе дица чІобого кьела маулхІаяталъул иццухъа лъим». Гьале дун кватІичІого тІаде щвела. Дихъ буго щивасул ишазда рекъон кьезе шапакъат. Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги!
Откровение
Выбор основного перевода