Дун Алипги Яги вугилан, Авалги Ахирги вугилан абулеб буго Жив хІакъав, абадияв, даимав Аллагьас – Къудратав БетІергьанас.
Хварав чи гІадин, гьесул хІатІазда цеве гІодов ккана дун, гьесда бер чІварабго. Кваранаб кверги дида тІад лъун, гьес абуна: «Мун хІинкъуге. Дун тІоцевесевги ахирисевги вуго.
Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «ТІоцевесес ва ахирисес, хун вукІун чІаголъарас гьадин абулеб буго:
Дун вуго Алипги Яги, ТІоцевесевги ТІарамагъадисевги, Авалги Ахирги!