Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Нилъеда лъала хваралъуса вахъинавурав МасихІ тІокІав хвезе гьечІевлъи. Хвалил кверщел хутІичІо гьесда тІад. Гьев цо нухалда хвана, мунагьалъе хвана гьев. Гьанже гьев чІаго вуго, Аллагьасда цеве чІаго вуго. Филадельфиялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жив вацІцІадас, Жив хІакъас, Давуд парччахІасул кІул кодоб бугес (гьес ричІараб лъиданиги рахазе кІоларо, гьес рахараб лъиданиги ричІизеги кІоларо) гьадин абулеб буго: Тахида гІодов чІарасе, абадул абадиялъ чІагоясе гьел рухІчІаголъабаз рецц гьабула, гьесул къудраталъул бицуна, гьев кІодо гьавула. Гьебго заманалда
Откровение
Выбор основного перевода