Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Ва гьебмехалда зодиб лъугьина ГІадамил Лъимадул гІаламат. Ва дуниялалъул киналго халкъал гІодила, гьезда вихьила накІкІазда гьоркьосан бергьараб къудраталда ва кІодолъиялда ГІадамил Лъимер вачІунев. ЦІакъ гІемераб халкъ букІана ГІисада хадуб бачІунеб, хасго руччаби рукІана гІодилел ва магІаби гьарулел. Нахъвуссун гьезухъги валагьун, ГІисаца абуна: – Я, Иерусалималъул руччаби! Нуж дихъ гІодуге! Нуж гІоде нужехъго ва нужер лъималазухъ. Амма цояс гьесул хьолболъ хеч тункана. Ругънадасан гьулчун бачІана биги лъимги. Цоги ТІехьалда хъван буго: «Хечалъ черх борлъарасухъ ралагьун рукІина гьел». Амма нужехъ бугебаб щулаго ккве, дун гьениве вачІинегІан. Дие гІоло ахиралде щвезегІан захІмат баччун бергьарасе дица кьела халкъазда тІад кверщел. Инсухъа дие кверщел щвараб гІадин, гьесухъеги щвела, маххул тІилица цере къотІун, гьел рехъаде рачине ва, щагІил хъуби кинигин, гъуризе кверщел. Ва дица гьесие кьела рогьалил цІва.
Откровение
Выбор основного перевода