Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Цо цІияб амру гьабила дица нужее: цоцазе рокьа нуж. Дие нуж рокьарал гІадин рокьа нуж цоцазеги. Пилатица абуна: – Кин бугониги мун ПарччахІ рагІулаха. Уйищ? – Дуца абулеб бугоха дун ПарччахІ вугилан. Дун гьавуна ва гьаб дуниялалде вачІана хІакъабщиналъе нугІлъи гьабизе. ХІакъабщинаб бокьулев кинавго чиясда рагІула дир гьаракь. Аллагь разилъулеб къурбаналъе хъолеб кьегІер хІалалабги бацІцІадабги букІине ккола. Аллагьас цІоб лъедал, дица нужеда гьарулеб буго, диналъул вацал, нужер чурхдулги гьелда релълъун рукІунеб хІалалъ хьвадейилан. ХъвечІониги къурбанлъун ккола Аллагьасе гьабулеб бугеб нужер унго-унгояб хъулухъ. Къурбанлъун лъугьун гІодобе тІураб МасихІил биялдалъун нилъги гьесде цолъизарун, нилъее тархъанлъи насиб гьабуна ва нилъер мунагьалги чурана. Аллагьас нилъее кьуна сундулъго гІакъиллъиги лъайги, кІудияб баркатги гьарзаго рещтІинабуна. Нилъее гІоло къурбанлъун лъугьарав МасихІие нуж рокьарал гІадин, цоцазе рокьун хьваде нужги. Аллагьасе кьураб махІгьуинаб ва лъикІаб къурбанлъунин гьев лъугьарав. Иман лъуразул агьлу черхлъун рикІкІани, гьелда тІад бетІерлъун вуго МасихІ. Сундулго авал вуго гьев. Аллагьас жиндирго Вас хваралъуса тІоцеве вахъинавуна, сундулъго гьес тІоцебесеб бакІ кквезе бокьун. кигІан цІакъдай гьел рацІцІалъила МасихІил биялъ. Абадияб Илагьияб РухІалъ малъун, гьес живго кьуна Аллагьасе камилаб къурбанлъун. Гьесул биялъ бацІцІад гьабуна нилъер намус нилъ хвалде рачунеб квешлъиялдаса ва хІакъав Аллагьасе хъулухъ гьабизе нилъее ресги рекъезабуна. Лаодикеялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Жинда божизе бегьулес, РитІухъав ва ХІакъав нугІас, Аллагьас бижанщиналъул аваллъун вугес гьадин абулеб буго: Дица гьесда абуна: «Дуда лъалаха, бетІерчІахъад!» – ан. Гьес дида абуна: «Гьел рачІун руго кІудияб гІазаб-гІакъубаялдаса. КьагІрил биялъ чурун хадуб хъахІлъана гьезул гІабаби. Гьесул ратІлидаги хьолбодаги: «ПарччахІзабазулги ПарччахІ, тІадегІаназулги ТІадегІанав», – абун цІар хъван буго.
Откровение
Выбор основного перевода