Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Откровение
Параллельные места
Дунго лъикІав лъугьун абураб рагІи гьечІелъул дир, дун витІарав дир Инсуца бихьизабуна дида щиб абилебалиги, щиб бицинебалиги. Эфесалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Анкьго цІва кваранаб хъатикь ккурас, анкьго меседил чирахъалда гьоркьосан хьвадулев вугес гьадин абулеб буго: Смирнаялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «ТІоцевесес ва ахирисес, хун вукІун чІаголъарас гьадин абулеб буго: Пергамалда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «КІибалаб ва рекІараб хвалчен бугес гьадин абулеб буго: Тиатираялда ругел иман лъуразул агьлуялде витІарав чапарасухъе хъвай: «Аллагьасул Васас – цІа гІадин берал кенчІолел ругес ва цІадаб биунеб мазгаралда релълъарал хІатІал ругес – гьадин абулеб буго: Анкьабилев малаикги ссуралъубе пуйзе лъугьина. Гьеб къоялъ лъугьина Аллагьас жиндирго лагъзадерида – аварагзабазда Рохалил хабар бицун лъазабун букІараб балъгояб иш. Дица – ГІисаца – дирго чапар витІана нужехъе, – гьалъул хІакъалъулъ жамагІатазда лъазабейилан. Дун вуго Давудил кьибилги ва гьесул кьолбол васги. Дун вуго гвангъараб рогьалил цІва». Хадубккун лъугьине бугелъул хІакъалъулъ гьаб тІехьалда ругел рагІабазда тІаса лъицаниги щибниги босани, Аллагьас гьесда тІасаги босила гІумруялъул гъветІалдаги мукъадасаб шагьаралдаги гьесул букІараб бутІа, – гьаб тІехьалда жиндир хІакъалъулъ рехсон бугеб бутІа.
Откровение
Выбор основного перевода