Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Рокъоре жанире лъугьиндал, лъимерги батана, лъимадул эбел Марямги ятана. Нодо гІодоб цун сужда гьабуна гьесие цІвабзазул гІелму лъалел гІадамаз. Цере рахъун, гьесие цІакъго хириял сайигъаталги кьуна: меседги, мирраги, кьеккен гьабулеб гьуинаб махІалъул пицІги. Гьебмехалъ лагъ, кІалагъоркье гьесда цевеги речІчІун, гьардезе лъугьун вуго: – Сабру гьабе! Дица бецІила гьеб кинабго. Гьесул рекІелъ букІараб балъгоябщинаб къватІиб чІвайдал, гьев накалда ккела, Аллагьасе сужда гьабила, Аллагь нужеда цадахъ вукІин ритІухъ гьабила. къоло ункъавго хІаким кІалагъоркье речІчІула тахида гІодов чІарасда цере ва абадул абадиялъ чІагоясе сужда гьабула. Тахалда цере жидерго тажалги лъун, гьез абула: Ункъабго рухІчІаголъиялъ «Амин» абуна. КІалагъоркье речІчІун, хІакимзабаз сужда гьабуна. Киналго малаикзаби чІун рукІана тахалдаги, хІакимзабаздаги ва доб ункъабго рухІчІаголъиялдаги сверухъ. Тахалда цере кІалагъоркье речІчІун, гьез Аллагьасе сужда гьабулеб букІана. Ва Аллагьасда цеве жидерго тахазда гІодов чІарав къоло ункъавго хІакимас, кІалагъоркье речІчІун, Аллагьасе сужда гьабуна. Къоло ункъавго хІакимасги ункъабго рухІчІаголъиялъги кІалагъоркье речІчІун сужда гьабуна тахида тІад гІодов чІарав Аллагьасе. Гьез абуна: «Амин! Гьаллелуя!» – ян. Гьесул хІатІазда цеве кІалагъоркье речІчІун, гьесие сужда гьабизехъин букІана дица. Гьес дида абуна: «Гьеб бегьуларебха! ГІисае нугІлъи гьабулел дур вацазулги дурги гьалмагъ вуго дун. Аллагьасе гьабе дуца сужда. ГІисае нугІлъи гьабиги Аллагьасул рагІудасан бачІараб бугебха!» Дида – Иоаннида – бихьана ва рагІана гьеб кинабго. Гьеб бихьараб ва рагІараб мехалда дун кІалагъоркье ккана дида гьеб бихьизабурав малаикасул хІатІазда цеве. Дица гьесие сужда гьабизехъин букІана.
Выбор основного перевода