Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
ГІиса шагьаразде ва росабалъе хьвадулев вукІана. Гьезул синагогабазда гІадамазе вагІза-насихІат гьабулаан, ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ Рохалил хабар лъазабулаан, кинабго унтиялдаса, кинабго щокълъиялдаса гІадамал сахлъизарулаан. АнцІила кІиго муридги ахІун, ГІисаца гьезие ихтияр кьуна жундул рачахъизе ва кинабго унти, кинабго щокълъи гІадамазда тІаса инабизе. Цинги гьел щвана Капернаум шагьаралде. Шамат къо тІаде щварабго, синагогаялъувеги вачІун, гьениб гІадамазе вагІза гьабизе лъугьана ГІиса. – Нижедасан дуе къваригІараб щиб, Назареталдаса ГІиса! Ниж гъуризейищ мун вачІун вугев! Дида лъала мун щивали. Илагьияв чи вуго мун! Аллагьас витІун вуго мун! ТІолабго Галилеялъул ракьалде щун, синагогабазде ун, гІадамазе вагІза гьабуна гьес ва чангиязул чурхдулъа жундул рачахъана. Гьезул синагогабазде ун, гьас вагІза гьабуна, халкъалда гьоркьоб гьасул цІар машгьурлъана. Гьедин, Ягьудиялъул синагогабазде ун, вагІза-насихІатал гьаруна гьес. Нужеда лъала Аллагьас Назареталдаса ГІисаде Илагьияб РухІги хІалкІолъиги рещтІинабураблъи, гьес киса-кивего ун гІемераб лъикІлъи гьабураблъи ва илбисалъул кверщаликь рукІарал киналго гІадамалги сахлъизарураллъи, – Аллагь гьевгун вукІиндалха!
Выбор основного перевода