Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
– Я, БетІерчІахъад! Дир цо рагьтІател вуго палижалъ ккун вагъаризе кІоларого. Кутакаб гІазабалда вуго гьев. МаркІачІубер рукІкІарабго, ГІисахъе рачун рачІана жундуз ккурал гІемерал гІадамал. Амру гьабун рачахъана гьес жундул. Киналго унтаралги сахлъизаруна. Ралъад бахун добехун бугеб гадареназул ракьалде щведал, ГІисада ватана жундуз ккурав кІиго чи, хабалазул нохъаздаса къватІиве вачІунев. Гьеб рахъалдасан ине лъиданиги кІолареб хІалалда гІасилъун рукІана гьел. Болъоназул гІухьби гьениса лъутун ана. Шагьаралдеги рачІун, жундуз ккурав дов кІиявго чиги рехсон, гІадамазда бицана гьеб кинабго. Гьале туртида лъун гьесухъе восун вачІана палижалъ ккурав чи. Гьезул божи бихьун, ГІисаца унтарасда абуна: – ХІинкъуге, дир вас, мунагьаздаса вацІцІалъилин мун! Амма нужеда лъан букІа: ГІадамил Лъимадул ихтияр буго гьаб ракьалда гІадамазул мунагьал тІасалъугьун тезе. Цинги гьес унтарасда абуна: – ТІаде вахъа. Дурго турутги босун, рокъове а, – ян. Бакъ тІерхьун, маркІачІубер рукІкІарабго, киналго унтаралги хъубал жундуз ккуралги рачІана ГІисахъе рачун. гьенир рукІарал гІадамал рахъ-рахъалде рекерун ана, ва гьев вугин рагІараб бакІалде туртида лъун росун рачІана гьез унтарал чагІи. Гьедин, киве гьев щваниги – шагьараздаги, росабалъги, кулабаздаги, – росун рачІун базар къотІнор лъолаан унтарал чагІи. Гьесул гІабаялъул гІертелалда квер хъвазегІаги биччайилан гьарулаан гьез. Гьесда квер хъванщинав чиги сахлъулаан. Гьенир рукІараз бицана жундуз ккурав чи ГІисаца кин сахлъизавуравали.
Выбор основного перевода