Зобалазул ПарччахІлъи релълъуна ччугІа кквезе ралъдалъе рехараб гьиналда. Гьиналъ гІемераб батІи-батІияб ччугІа ккун букІун буго.
Гьединлъидал киналго халкъазухъе ун, дир рагІи тІибитІизабе, ва Инсулги, Васасулги, Илагьияб РухІалъулги цІаралдалъун, лъадалъ ччун рахъун, гьезул мунагьал чуризаре.
Дица нужее гьабунщинаб амру тІубазабизе малъе гьездаги. Дуниял ахирлъизегІан щибаб къоялъ дун нужеда цадахъ вугевлъиги лъай. Амин!