Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нужер черх чІвазе кІолезукьа хІинкъуге нуж, – рухІ чІвазе кІоларелъул гьезда. Нуж хІинкъа нужер рухІги черхги жужахІалъубе рехизе кІолев Аллагьасукьа. Гьебмехалъ Пётрица абуна: – Гьале, кинабго рехун тун, ниж дуда цадахъ рилълъана. Щибха нижее гьелъухъ букІинеб? ГІисаца гьезда абуна: – ХІакълъун абулеб буго дица: гьедин дида хадур рачІиндал нуж, цІияб дуниялалда ГІадамил Лъимер жиндирго къудраталъул тахида гІодов чІараб мехалъ, анцІила кІиябго тахида дида аскІор гІодор чІезе руго. Исраилил анцІила кІиябго наслуялъе суд гьабизе. Дие гІоло мина-рукъги, вацал-яцалги, эбел-эменги, лъимал-хъизанги, хур-ахги рехун таравщинав чиясе нусго нухалъ цІикІкІун щвела ва абадияб гІумру насиблъила. Цере рукІарал чангиял тІарамагъаде ккела, тІарамагъада рукІаразул чангиял цере ккела. Пётрица абуна: – Гьале нижерго бугебщинабги рехун тун, ниж дуда хадур рилълъана...
Выбор основного перевода