Выбор основного перевода
Открыть комментарий или сравнить с другим переводом
Выбор книги основного перевода
Параллельные места
Нахъисеб къоялъ ЯхІя жиндирго кІиго муридасда цадахъ вугеб мехалъ, цевесан унев ГІисахъги валагьун, гьес абуна: – Гьале Аллагьасул КьегІер. Гьеб рагІидал ЯхІял кІиявго мурид ГІисада хадур ана. Нахъехун вуссун валагьарав ГІисада гьел жиндаго хадур рачІунел рихьана. – Нужее щиб къваригІун бугеб? – ан гьикъана ГІисаца гьезда. ГІисада гьезги гьикъана: – Я, Рабби! («МугІалим» абураб магІна буго гьеб рагІул.) Дур чІей, яшав киб бугеб? – абун. Жинда хадур рачІани лъалин нужеда гьебилан жаваб кьуна ГІисаца. (СагІат ункъо тІубараб заман букІана гьеб.) Гьел ГІисада хадур гьесул бакІалде ана ва тІубараб къоялъго гьенир чІана. ЯхІяца бицаралъухъ гІенеккун, ГІисада хадур аразул цоясда цІар Андрей букІана. Гьев вукІана Симон Пётрил вац. ТІадвуссун щваравго, Симонги валагьун, Андрейица бицана нижеда МасихІ ватанилан. (Грек мацІалда Христосилан абула гьесда.) Гьес Симон ГІисахъе вачана. Гьесухъ валагьун ГІисаца абуна: – Мун вуго Иоаннил вас Симон. Дуда цІар букІине буго Кефа (грек мацІалда Пётр).
Выбор основного перевода